Версия для печати

глава III

Сапаралъ унелъул,
лълъел гIеретIги цIун,
Дуда данде чIвалей чIужугIадан щий?
Дилималъул Тайга толеб мехалда
Дуе, тIохтIе вахун,
тIамур хъвалев щив?
Жегиги гьитIинго Хасавюрталъул
ГIисинлъималазулъ лъалев атаман,
Рачел борчиналде, чу кьололелде,
Кьерилал васазул нусил командир.
Кинаб мегIералда цIа баканиги,
ЦIараб мехалдаса хехго щолев мун.
Гьалмагъасул такъсир дутIего босун,
Мун Оренбургальул Бастилиялда.
ГъутIбуздаса гъунел
гъаримал тIанхал,
Дун гъоркьа рокъове вуго вахъунев,
Мун министралгун, депутаталгун,
Мажгиталъул бакьулъ
михIрам кинигин.
Оцазул лълъурдузда гвадичал ххолеб,
Гьаб хасалиде дун хIадурун гьечIо.
Мунилан абуни чархида ккураб
Чаландарил хвалчен кинигин вуго.
ХIежалде инчIого  ХIажи цIар кьурав,
ХIакъги кириги дулъ
кинаб цIикIкIараб?
ХIисабал хобазда, хIасил аххада,
ХIалалги хIарамги щиб
дулъ гIемераб?
Прочитано 1374 раз