Версия для печати

глава II

Эхеде унев мун, эхей унев дун,
Мехал дида ккола фунекулерин.
Дида альпинистаз абуна, ХIажи,
Эхей нух бищунго хIинкъараб бугин.
Мун тIараде унев, дун тIинде унев,
ТIалъи дида ккола метро бугилан.
Дие дежурнаяс бухулеб цIумур
Ахирияб поезд хал гьабун бугин.
Дун Янка Купала, чIаголъи гьечIо,
ЧIалал рухьинецин дирго хьитазул.
Мун Дагъистаналъул мушкетеразулъ,
Машгьурав Дартаньян
кинигин вуго.
Дун ХIикмет кинигин, киоскалде
Казет боссе арав, нахъе вуссинчIев.
Мун, рехъада цеве дегIен кинигин,
Дагъалъул тIогьисан тIаде валагьун.
РекIел чIваби чучун,
чорхол чIоло тIун,
Дун чIумалгун вуго гара - чIварулев.
Дурни рукьабазул
кьурдулел ччорбал,
Кьураби щал ругел Буртунаялда?
Нуха чуги бекьун, кьилиги баччун,
Вуго, эмен гIадин, унев гьанже дун.
Дурни цIа кенчIолел цIадулал берал,
ЦIваби кинал ругел Салатавалда?
Прочитано 1694 раз